По родному (аварскому) языку «Мой первый шаг к возрождению родного языка»

Сочинение

Дир авар мац1 ц1илъиялде ва ц1униялде галаби.

Авар мац1! Дир берцинаб, ч1ух1араб ва т1адег1анаб маг1арул мац1!

Дир г1агараб маг1арул мац1алда к1алъала дагъистаналъул г1адамазул бищун ц1ик1к1араб къадар. Гьеб мац1алда улбуз кинидахъ ах1ула лъималазе куч1дул, гьеб мац1алда лъималаз улбузе загьир гьабула жидерго рокьи. Рокьи ккарал г1олилаз гьеб мац1алда цоцазе рицуна г1ищкъудул раг1аби. Т1адег1анав Аллагьасда цебе квералги ккун харабаз гьеб мац1алда гьарула дунялалъего рекъел, гьарула балагьал –къварилъабаздаса ц1уни ва бит1ун ккараб ахират.

Дие кутакалда бокьула дир маг1арул мац1. Дун ч1ух1арай йиго бац1адаб маг1арул мац1алда ц1ар раг1арав Расул Х1амзатовасул, Ц1алдаса Х1амзатил, Фазу Г1алиевалъул, Загьид Х1ажиевасул, Мух!амад Сулимановасул, Залму Батировалъул, Г1абасил Мух1амадил, Мух1амад Патах1овасул, Бакьайч1иса Ч1анк1ал асарал ц1алун бажариялдаса. Дагьайги ч1ух1арай йиго гьел машгьурал г1адамазул ракьцояй дун ятиялдаса. Авар мац1алъул ва авар адабияталъул муг1алим йик1иналъ дида кутакалда зах1малъулеб буго ахирал соназ г1ун бач1унеб г1елалъ ва жеги гьезул улбузгицин авар мац1алдехун к1вар гьеч1еб бербалагьи биччалеб бук1ин. Г1емерго раг1ула ахираб заманалда: «Азие маг1арул мац1алъул дарсалг1аги щибизе?» -ян абулел улбул. «Гьел дарсазул бак1алда ЕГЭ-ялде х1адур щай гьабуларел?» -ан абулелги камуларо. Дагьабги зах1матаблъун ккола лъималги улбулги рокъорги къват1ирги г1урус мац1алда гурого к1алъангут1и. Лъималазда нилъер цересел умумузул яшавалъул ва г1умруялъул бицен гьабизе лъугьани, гьезие гьеб х1ажат гьеч1олъи бихьулеб бук1уна.

Огь дир маг1арул мац1,

Дуй лъугьунеб щиб?

Щапун унеб бугин

Дур бакъул горду.

Щайзе маг1арулал

Муг1рузул гъасда,

Чияр мац1 бицунеб

Бац1ц1адаб х1алалъ —

ян Расулил мухъазул асаралда гъоркь хъвана дир г1агараб Г!обода росулъа Умагьани Камиловалъ.

Г1адада гуро абулеб «рахьдал мац1»-илан. Эбелалъул хахулеб рахьалда цадахъ бижун бач1уна лъималазул рекелъ эбелаб мац1алде рокьи. Эбел лъималазда г1урус мац1алда гурого к1алъалей гьеч1они, гьезги бицунаро бат1ияб мац1. Т1оцебесеб авар мац1алде рокьи бижизабиялъе кан бакизе ккола эбел-инсуца рокъоб. Гьеб рокъоб бакулеб гьеч1они къват1иб гьелда ц1а рек1ун ч1езабизе ц1акъ зах1малъула. Улбуз тарбия кьолаго к1удияб к1вар гьабизе ккола рахьдал мац1алда гурого лъимал к1алъангут1иялде. Ц1акъ рекъеч1еб жолъун бихьула дида нилъер заманалда харабазда аск1обги г1олохъанаб г1елалъ бицунеб чияр мац1. Гьит1инал лъималаз гъура-чункун гьеб бицунелъул гьездаса роха- хинлъун ва ч1ух1ун рук!уна умумул. Рахьдал мац1 бокьулел ва маг1арул ях1ги мах1ги ц1унарал хараби гьеч1ел хъизаназда т1убанго рахьдал мац1 бицунгут1иялде ккун буго иш. Гьел хъизамазул лъималазда рахьдал мац1 раг1улеб буго цох1о авар мац1алъул дарсида.

5 стр., 2285 слов

Мой родной аварский язык на аварском

... См. также в других словарях: Сочинение по родному (аварскому) языку на тему «Мой первый шаг к возрож ... резонанс: повысилась грамотность населения, появилась литература на аварском языке, комментарии к «Корану», помогающие аварам лучше понять смысл священного текста мусульман. ... ликует ва поет, бохун приходу весны. хас дие дун гIенеккизе хор весенней капели. гьеб поразительная гуро сравнимая букIа- ...

Дир пикруялда, рахьдал мац1 т1аг1иналъе ва гьелда к1алъалел г1адамал къо бахъанаг1ан дагьлъулел рук1иналъе г1емерал х1ужжаби руго. Бищунго к1удияб х!ужжалъун рик1к1уна дица Интернет ва гаргаро (телефон).

Ахираб г1асруялъ нилъее г1умру бигьалъиялъе ургъараб Интернеталъ г1емераб квешлъиялде рачунел руго нилъ.

Ахираб заманалда, рахьдал мац1алъул рахъ ккун к1алъалаго, г1адамазда гьоркьой дунго чиярайлъун йихьула дида. Дида гьеб ц1акъ зах1малъун бук1уна.

Кин бугонги цох1о гъаримав, пакъирав, жиндирго дарсги бокьулев, маг1арулалги рокьулев авар мац1алъул муг1алим вуго рахьдал мац1 г1ун бач1унеб г1елалда бицинабулев чи. Рахьдал мац1алъул муг1алимасул гъажалда баччун буго к1удияб гьир. Зах1малъун, гьир г1одобе рехани, гьеб буго т1убанго маг1арулазул талих1 къосараб къо.

Дир пикруялда, рахьдал мац1алъ ва гьелда хурхарал г1адатаз ва маданияталъ ккун бук1ана г1адамазул ях1-намус, к1удияздехун адаб ва рук1а-рахъиналъул къаг1ида. Рахьдал мац1 гьеч1ониги къварилъи гьеч1ин ах1долел умумузда гьеб бич1ч1ила херлъарал яги лъималазул кумекалде ккараб къоялъ. Жакъа гьелде х1ажалъич1ониги. Гьеб мехалда лъималаз жидеца мац1 бицунеб халкъалъе г1адатияб гьабила эбел-инсудехун к1алъай ва бербалагьи. Г1адада гуреб диниял чаг1азги г1емераб бицунеб гьелъул.

Мац1 к1очараб милат молода лъола,

Малидул г1оркь кквезе чи хут1уларо…

Хут1араб кинабго гьадингояб жо,

Гьардарав Бет1ергьан, ц1уне Дагъистан! (Мух1амад Ах1мадов.)

Рахьдал мац1 ц1униялда хурхун гьаризе бегьула г1емерал тадбирал. Ахирал соназ гьарулелги руго гьел. Г1айиб гурищха, гьел цодагьабги хехго байбихьизе рес бук1инч1ел. Бищунго цебе районалъул нухмалъулес, росдал бегавулас, школалъул директорас к1вар кьезе ккела жидер мухъалда рахьдал мац1 ц1униялде.

Районалъул нухмалъулес, мисалги бихьизабун, к1вар кьезе ккела рахьдал мац1алда хурхарал тадбиразде. Рекъараб бук1ина живгоги г1ахьаллъани. Г1емер ц1ар раг1арал хъвадарухъаби рахъараб районги бугелъул, лъаг1алида жаниб гьезул творчествоялдасан фестивалал гьабизе бегьилаан. Ах1изе бегьилаан шагьаралдаса рахьдал мац1 ц1униялда т1ад х1алт1улел г1адамал, газетал-журналазул редакторал, авар театралъул артистал.

7 стр., 3299 слов

Летию Гамзата Цадасы

... драматургиялъ ц l акъ к l удияб бак l ккола . Жиндир г ... тункараб лълъаралъ квег1аб берги ана алъул минатахъ. Ракьалда к1алги цун абги, ... . Рокьи ккарай ясгун данделъизе кинго рес гьеч l олъиялъ г l адамазул бадиса вортарав ... Дие Ц1адаса Х1амзат хирияв вуго авар мац1алъул ц1вабзазул зобги г1ат1идаб ралъадги ... рекьарухъабазде, г1ухьбузде рокьул ц1урал руго. Гьеб рокьиялъул буго жиндирго ц1акъ ч1ух1араб ...

Росдал нухмалъулезги т1орит1изе бегьила, цогияздаса мисалги босун, умумузул рук1арал лъик1ал байрамкъоял: «Оцбай», «Ахбиччанкъо», «Г1ияда дандч1вай» ва гьел гурел цогидалги. Школалда лъималазе рахьдал мац1алда хурхун гьарулел тадбиразда бергьаразе гьаризе бегьила шапакъатал. Гьединго школалъул директорасги кьезе ккела к1вар авар мац1алъул дарсал школалда кьеялде, лъик1ал муг1алимазаби ралагьун ва гьездаса х1алт1и т1алаб гьабун.

Рахьдал мац1 ц1унилъе муг1алимасги гьабизе ккола г1емераб х1алт1и. Х1алт1улей дагьал гурого саназ гьеч1ониги, дир пикраби кидаго х1алт1ула авар мац1алде лъималазул рокьи бижизабиялда, гьеб к1очене тунгут1иялда т1ад. Дица х1аракат бахъула щибаб ц1ияб дарс ц1алдохъабазул рак1алда хут1улеб, гьезул гъира балеб х1алалъ кьезе. Хурхен гьабула бат1и-бат1иял предметазулгун, г1уц1ула дарс нухда рег1изе суратал, видео, аудио гъорлъ лъурал презентациял. Дарсида т1орит1ула бат1и-бат1иял къецал, ц1ола раг1икъот1ал, т1орит1ула калам цебет1езабиялда хурхарал тадбирал. К1алъала бац1ц1адаб маг1арул мац1алда ва лъималаздасаги гьебго т1алаб гьабула. Пасих1аб каламалда ц1алула дарсида хъвадарухъабазул асарал, пасих1го ц1ализарула ц1алдохъабаздаги.

Адабияталъул дарсида рокъоре кьурал асарал ц1ализе бокьуларел ц1алдохъаби камулел рук1инч1о, дица гьезие ургъана сих1ру.Дица гьел ах1ана машгьурал асаразул гьит1иналго бут1аби школалъул лъималаздаги, учительзабаздаги театралиял церерахъинал гьарун рихьизариялде. Лъималазе дир пикру ц1акъ рек1ее г1уна, ва кодобе т1ехь босизе бокьуларелгицин рек1ехъе к1удиял тексталги лъазарун рач1ана. Рак1алдаго гьеч1еб гьунарчилъи бихьизабуна лъималаз гьеб пишаялда. Жалго ц1алдохъаби т1амуна киналдего х1адурлъи гьабизе. Нижер школалда гьеч1о церерахъиналъе санаг1атаб зал. Гьеб гьеч1ониги, бугес бугебги бач1ун, лъималаз к1удияб класс, пардавги бан, щибаб акталъе данде кколеб къайи-матах1ги данде гьабун, къач1ана. Гьезул жигарчилъиялъ гъира базабуна цойги ц1алдохъабазулги церерахъиназда г1ахьаллъизе рач1ине. Гьединал тадбираз куцала ц1алдохъабазулъ бах1арчилъи, ях1, намус, рак1бац1алъи, адаб- хъатир, ва авар мац1алде к1удияб рокьи. Хасаб конкурсги г1уц1ун загьир гьаруна ц1алдохъабазда гъорлъа рук1инесел хъвадарухъаби, коч1охъаби. «Г1олохъанаб гьаракь» — абураб къадал газеталда рахъула лъималазул асарал. К1удияб гъира базабула гьелъги лъималазул куч1дул хъваялде. Гьел ц1акъ рази рук1уна жидерго х1алт1аби школалъул къадал газеталда рахъиялдаса.

Киг1ан зах1мат бугониги, дун къеркьезе йиго дир г1агараб мац1алъул къимат борхатго кквеялъе. Аллагьасул кумекалдалъун, дун х1алт1улей школалда лъимал авар мац1 бокьулеллъун ва гьелдасан ч1ух1улеллъун лъугьинариялде к1варги кьезе буго.. Аллагьас хъван батугеги школаздаса рахьдал мац1алъул дарсал гьукъулеб заман бач1ине. Нагагь гьединаб балагь бач1ани нилъер г1агараб авар мац1алде, дица рагьизе буго авар мац1алъул школа. Рахьдал мац1 бокьулел лъималги данде гьарун г1уц1изе руго бат1и- бат1иял тадбирал.

Мац1 гьеч1езул ц1ар бук1унаро, мац1 гьеч1езул рак1 бук1унаро. Рак1алги свараллъун рахъунгеги нилъ.

6 стр., 2510 слов

На аварском языке дир ват1ан

... Дарсил темалъун босун буго халкъияб кици «Ват1ан хириязе хвел бук1унаро». Нужеда жакъасеб дарсида раг1ила Дагъистаналъул ц1ар ... нужее бокьараб? «ВатIан хириязе хвел букIунаро» абураб темаялда тIасан сочинение хъвазе. Ват1ан! Гьеб ккола инсанасул бугебщиналда ... гьел кинацаго бергьенлъи г1агарлъиялъе к1варабщинабги гьабунин абила дица. Щайгурелъул, щивасул рукъалъе, хъизаналъе бук1ана х1инкъи, ва ...

Министерство образования и науки Республики Дагестан.

Сочинение

на тему:

«Мой взгляд на сохранение родного языка»

Номинация

«Мой первый шаг к

возрождению родного языка».

Выполнила

Магомедова Патимат Абдулаевна, Учитель родного языка и литературы, МКОУ «Ободинская СОШ»

С.Обода.

2018 г