Летию Гамзата Цадасы

Реферат

Летию Гамзата Цадасы 1

Х I алт I и гьабуна :

10 классалъул ц I алдохъан

Х I ажиев Мух I амадица

Муг I алим Х I абибова Н . А .

Ц I АДАСА Х I АМЗАТ

6 стр., 2510 слов

На аварском языке дир ват1ан

... Дарсил темалъун босун буго халкъияб кици «Ват1ан хириязе хвел бук1унаро». Нужеда жакъасеб дарсида раг1ила Дагъистаналъул ц1ар раг1арал ... нужее бокьараб? «ВатIан хириязе хвел букIунаро» абураб темаялда тIасан сочинение хъвазе. Ват1ан! Гьеб ккола инсанасул бугебщиналда гьоркьоб ... т1вапи? Муг1алим: 1941 соналъ тушман, нахъасан рек1к1ги гьабун нилъер Ват1аналде т1аде к1анц1ана. Дол соназда г1умру ...

(1877-1951)

Дагъистаналъул

Ц 1 алдолез ц 1 ик 1 к 1 араб къимат кьола гьесул « Г 1 адамазул жул » абураб бег 1 ераб сатираялъе . К 1 удияв ва г 1 акъилав шаг 1 ирасул къалмикьан К I удияб Ват I анияб рагъул заманалда рач I ула нилъер г I адамал бах I арчиго тушманасдаса Ват I ан ц I унизе ах I улел патриотлъиялъулал асарал . Х I амзат вук I ана советиял хъвадарухъабазул т I оцебесеб съездалъул делегатлъун . Гьев вищана ДАССРалъул Верховный Советалъул депутатлъунги . Х I амзат хвана 1951 соналъул 11 июналда .

3 стр., 1134 слов

По родному (аварскому) языку «Мой первый шаг к возрождению ...

... Министерство образования и науки Республики Дагестан. Сочинение на тему: «Мой взгляд на сохранение родного языка» Номинация «Мой первый шаг к возрождению родного языка». Выполнила Магомедова Патимат Абдулаевна, Учитель родного языка и литературы, МКОУ «Ободинская СОШ» С.Обода. ...

Дагъистаналда

Х I амзатица жиндирго г I умру жаниб т I амураб Ц I ада росулъ бугеб гьесул минаялъуб х I алт I улеб буго Дагъистаналъул халкъияв шаг I ирасул адабиябгун мемориалияб музей .

5 стр., 2285 слов

Мой родной аварский язык на аварском

... дождливой хасалихъе ва холодной, морозной, бесконечной зимой. См. также в других словарях: Сочинение по родному (аварскому) языку на тему «Мой первый шаг к возрож ... боя. зато днем их киналго цIикIкIун вступает буго жиндирго права. киналго дагь гIехьеллъизе гIазул, хIанчIи поют ва звонко щебечут, приветствуя весну. гъутIби гьанже просыпаются маккал зимнего сна. ...

Дагъистаналъул

Х l амзат Драматург

Драматургияб

Г l умруялъул г l езег l ан соназ ун хадуб байбихьана Ц l адаса Х l амзатицаги драматургиялда . Х l амзатица лъик l гъорлъе ваккун лъазабун буго драмаялъул тарих , к l вар кьун х l алт l ун вуго театралъул кьуч l алда ва нухалъ лъазариялда т l ад .

Ц l адаса Х l амзатил творчествоялда жаниб драматургиялъ ц l акъ к l удияб бак l ккола . Жиндир г l умруялда жаниб Ц l адаса Х l амзатица хъварал ва театралияб сценаялда рихьизарурал пьесабазда гьоркьоб анкьгояб кккола драматургияб рахъалъ раг l а ракьанде щварал асарал . Гьесул щибаб пьеса ккола г l акълу , т l адег l анаб г l аданлъи ялъуни ягъзинлъи , х l алихьалъи жидее хасиятал г l адамазул образазул иццлъун .

Ц l адаса Х l амзатица жиндирго налъилъун рик l к l унаан бег l ераб , ц l одораб раг l иялдалъун инсанасе тарбия кьей .

Жиндаса

Гьединлъидал

Хъвадарухъанас

Х l амзатица ц l акъ лъик l лъалан кинаб раг l иялдалъун маг l арулазе асар гьабилебали . Гьелъин маг l арул ва цогидалги театраз хъвадарухъанасул пьесабаздаса г l ат l идго пайда босулеб бук l араб ва гьанжеги босулебги бугеб .

4 стр., 1567 слов

Музыкальная культура арабов

... культуры способствовали следующие факторы: Смешение аравийской музыки (ранняя культура арабов) с музыкальной культурой Сирии, Византии и Персии в период раннего ислама (7-10 в.) и формирования ... и замкнутость, «отрешённость» от светского духа арабской музыки. Придерживаясь, в целом, антимузыкальной позиции, ислам предназначал музыке прикладную функцию фона, усиливая сакральное значение слова в ...

Миллияб

Гьелъ

1934

Дунялалъул

Гьеб

Х l амзатил драматургия цебет l урабг l ан , гьес т l адеги беге l р гьабула инсанасул г l амал хасияталъул суал .

Байбихьуда

« Хьитазул устар » абураб пьесаялда цоцазда данде лъола лъик 1 лъи ва квешлъи , г 1 акълу , ц l одорлъи ва пикруялъул мукъзанлъи , г l антлъи . Рокьи ккарай ясгун данделъизе кинго рес гьеч l олъиялъ г l адамазул бадиса вортарав , х 1 алакъав ва къо бух l арав хьитазул устар т l амула сих l руялде .

11 стр., 5153 слов

На аварском языке риидалил каникулах

... каникул. Но я верю, что следующее лето тоже будет незабываемым! 2. Сочинение на ... почки, хIадурал показаться листочки. хIатта ихдалил тIоцересел гьури гуро,-алъулмохрол, ... пятнами выделялись на темно-зеленом фоне. Щебетали на своем языке птицы, стучал ... днем их киналго цIикIкIун вступает буго жиндирго права. киналго дагь ... гьанже появляются тIоцересел ихда цветы. гьеб подснежники. жеги бакI-бакIалда ...

Халкъалъул

Гьединал

Комедиялъул

Комедиялъе

« К l одоласул ригьин » гьеб буго рук l а рахъиналда жанир чамг l адал , боц l и бечелъиялда хадур лъугьарал , цоял рич l ч l ан , цогидал рач l ун , руч l ч l абазулгун даран базаралда т l ад риххарал гьерсихъабазул пасатаб сипат цебеч l езабун , жиндиргоругьунаб сатирияб нухдасан Х l амзатица хъвараб пьеса .

14 стр., 6768 слов

Культура арабского средневековья

... рождение, эволюцию и влияние на формирование мировоззрение арабов;проанализировать культуру и искусство арабского средневековья;охарактеризовать мусульманскую философию и научные знания. курсовой работы включает в ... земледелием. Большинство населения полуострова составляли кочевники-бедуины, которые называли себя арабами — слово «араб» означало «лихой наездник». В среде кочевых племен и зародился ...

Жиндирго

Дагъистаналъул 1

Ц1АДАСА Х1АМЗАТ ГЬАВУРАЛДАСА -140 СОН., ШАГ1ИРАСУЛ Х1ИКМАТАБ ДУНЯЛ

«Гьев вук1ана аваразул ракьалда бищун ц1одораб г1акълуялъул ва бег1ераб пикруялъул инсан», — абун хъвана Ц1адаса Х1амзатил х1акъалъулъ Николай Тихоновас.

Дун щибаб къойил къулула Ц1адаса Х1амзатил т1ехьалда т1аде, пашманабги вохарабги къояз рагьула гьелъул т1анчал ва бич1ч1ула г1урусазул к1удияв поэтас маг1арул шаг1ирасул х1акъалъулъ абурал гьел раг1абазулъ бугеб к1удияб рит1ухълъи.

Ц1адаса Х1амзат г1адин г1асруги, г1адамалги, г1адамазул г1амалги, заманаялъул сверабиги, сверулеб дунялалъул даимабги лах1затабги, ях1алъул к1одолъиги гьит1инлъиги, намусалъул т1адег1анлъиги г1одобег1анлъиги, г1умруялъул бечелъиги мискинлъиги лъарав, бич1ч1арав, реч1ч1араб ч1ор г1адин, г1ужда щибаб раг1и щварав шаг1ир г1емер вижич1о гьаб ракьалда.

Х1амзатица г1адада раг1и абулароан. Гьесул щибаб жугьа жагьиллъиялде, х1елх1елчилъиялде, х1амабагьадурлъиялде, къадараб г1амалалде, к1игьумерчилъиялде, чилъи хвеялде, г1адалал г1адатазде, г1адамазул квешлъиялде данде багьула.

Г1адатиял г1адамал росана Х1амзатица жиндирго асаразул аслиял чаг1илъун:

Г1исинил гьвеги, Кинхвал х1амаги, Х1ажил ашбазги, Г1иник1ил чакмабиги, Мух1умил оцги, Дибирги г1анхвараги, Къарумил наслу-тухумги, чохт1оги, бидул тушманлъиги, багъизе хьихьараб гьвеги — къойил маг1арул чиясе х1ажатал х1ужабилъун адабияталда лъугьинаризе к1вей к1удияб гьунарги гьунаралдасаги т1ок1аб раг1ул устарлъиги ккола.

Цо-цо чи вахъуна хераб гьвейилан,

Гьединал бугьтанал лъезе бегьилищ?

Жегиги бох босун к1ущизе г1еч1еб

Г1амал берциниде бицунеб раг1и.

Гьал руго «Г1исинил гьвел кеч1алдаса» мухъал. Гьелдаса унго-унгояб къаг1идаялъ маг1арул мац1алда хъвараб кеч1 цоги бугодаян ккола дида мех-мехалда.

Дие Ц1адаса Х1амзат хирияв вуго авар мац1алъул ц1вабзазул зобги г1ат1идаб ралъадги г1адав шаг1ир вук1иналъ. Гьесда г1адин раг1ул маг1на маг1ил гаралги гьимиялъул ч1оразда хун кенч1езаризе к1веч1о. Балагье цо жакъа нилъер г1емерисезда к1очон тараб маг1арул мац1алъул гучалъухъ.

Яги «Ч1имхигабурлъи» абураб хабаралдаса цо гьит1инаб кесек ц1але: «Нухлул версталги сок1к1унаго, сверухъ ругел телалъул х1убал кьабулаго, кьвагьараб гулла г1адин, рач1ун ниж Ч1имхигабурлъухъе рахунел рук1ана. Гъоркьа т1аде бач1унеб абги, т1аса гъоркье бач1ун машинаги бит1ун гьелъул г1унк1рукь сверуда, гванзкуйдул г1адин, данд реч1ч1ана. Нугъай оцолгун гугьунбачил рагъ кинабха бук1унеб, грузовикалъ нижер легковая к1алагъоркье реч1ч1изабуна. Гьелъ тункараб лълъаралъ квег1аб берги ана алъул минатахъ. Ракьалда к1алги цун абги, алда т1ад бухъардулеб дандиябги, лъик1го заман бахъана».

Бит1араб бицани, дица Х1амзатил гьеб гьуинаб хабар жакъа хъвалел къисабиги романалги цадахъго кьуниги кьеларо. Куч1дул гуреб, прозаги г1ажаибаб буго Х1амзатил. Дие ц1акъ хирияб буго гьесул «Хъах1абросулъа Мах1муд» абураб асар. Гьениб шаг1ирас рагьулеб буго кеч1 гьабиялде жиндирго бугеб пикру: «Къокъаб раг1и: кеч1 гьабизе ккани гьелъие бищун к1удияб шарт1лъун буго гьелъул агьлулъун вук1ин. Гьеб буго халкъияб къуват ва инсанасул аслияб т1абиг1ат. Гьеб т1абиг1ат гьеч1они, киг1ан г1араб лъалев вук1аниги, гьев чи коч1охъан кколаро. Гьеб т1абиг1ат нилъее кьезе г1арабалдаги к1оларо.

Гьале, гьенисан нилъее бакъ г1адин загьирлъула маг1арул халкъалда жаниб ч1араб берцинаб литература бук1ин ва гьеб литератураялъул гъварилъабаздасан лъедолаго вач1арав, халкъияв ва т1абиг1атияв коч1охъанлъун Хъах1абросулъа Мах1муд вук1ин».

«…Мах1муд вуго вац1ц1адав маг1арулав ва маг1арул литературиялда жанив г1ун вач1арав махщалилав. Мах1мудил коч1охъанлъиги буго чияр асаралда гъоркье инч1еб, жиндирго бечедаб ва халкъияб къуваталда т1ад бижараб т1абиг1ияб гьунар».

Ц1адаса Х1амзатица Мах1мудил х1акъалъулъ абурал гьал рит1ухъал, т1ок1ал, г1акъилал, нилъер адабияталъеги халкъалъеги, коч1оеги к1удияб къимат кьолел раг1аби жакъа нилъеца живго такрарлъи гьеч1ев халкъив шаг1ир Ц1адаса Х1амзатил х1акъалъулъ рохун ва ч1ух1ун абизе бегьула. Х1амзатил коч1ол хат1ги, мац1ги, жугьабазул г1адатлъиги, раг1абазул маг1наги лъугьуна нилъеца щибаб къойил г1умру ц1унизе ц1алеб х1ухьеллъун:

Гьадиг1ан инжитго данде гьабураб

Дунялалъул боц1и бакьанго гуро.

Мискинзаби гуккун кодобе щвараб

Шагьи-параялъухъ дун урхъуларо.

Араб къарнуялъул ахиралда абурал гьел раг1аби нилъер къарнуялъул ахиралдаги бищун бихьулеб бак1алда, к1удиял х1арпаз хъвазе мустах1икъал руго. Жакъа нилъер замана Х1амзатил коч1олъ бугеб Х1ажил ашбазалде сверун буго.

Жакъасеб къоялъул сипат-сурат цебе ч1езабизе Ц1адаса Х1амзатил гьаб к1иго мухъги г1ела:

Ролъул хур кванарал ганщал жалго тун

Гугьун бачал руго рачун жанир гъун.

Гьединаб буго х1акъикъат — Х1амзатида цебего бич1ч1араб, нилъеда гьанже бич1ч1улеб бугеб.

Г1умруялъул г1адатияб х1ужаялда киг1ан к1вар бугеб бугониги, к1удияв шаг1ирасда гурони мугьру ч1вазе к1оларо, замана сверанаг1ан гьеб ц1ияб дарслъун, ургъеллъун лъугьинабизе лъаларо. Нилъер адабияталда г1иц1го Ц1адаса Х1амзатихъа бажарана гьеб т1оцебе.

Ц1адаса Х1амзатил гьунаралъул бищун т1адег1анаб рахълъун ккола гьеб кинабго рахъалдасан бац1ц1ад бук1ин, — мац1алъул, диналъул, дунялалъул.

Ц1адаса Х1амзатил маг1арул мац1алъ мац1 лъаларевги к1алъазавула, г1инкъасдаги раг1изабула, беццасдаги канлъи бихьизабула.

Х1амзатица хъвач1о Хъах1абросулъа Мах1мудица г1адин рокьул куч1дул, амма гьесул киналго асарал аваразул миллаталде, халкъалде, гlaдатиял г1адамазде, мискинзабазде, рекьарухъабазде, г1ухьбузде рокьул ц1урал руго. Гьеб рокьиялъул буго жиндирго ц1акъ ч1ух1араб борхалъиги хвел гьеч1еб берцинлъиги.

Х1амзатил назмаби насих1атиял руго. Амма гьесул насих1ат киданиги ч1амуч1лъуларо, ч1андахабаралде сверуларо, жанисеб гьимигун, гьунаралъул ч1ух1игун, ургъалил бух1игун, г1акълуялъул сабругун, кицабазул роценгун, биценалъул берцинлъигун лъугьуна нилъер рак1азулъе, рек1араб, кидаго сунареб г1акълуялъулги, берцинлъиялъулги, г1адатлъиялъулги, г1амалалъулги кьераз ургъараб, адабиятги, г1умруги, маг1арул халкъги гвангьараб нуралъул сипатлъун хут1изе. Дун талих1ав вуго Ц1адаса Х1амзат г1адав шаг1ир маг1арулазул ватиялдаса.

Лъуг1изабизе бокьун буго, анц1ила ункъо сон бараб мехалъ хъвараб, гьелдаса хадуб цо раг1и хисизабич1еб «Ц1адаса Х1амзатил т1ехь ц1алулаго» гьабураб дирго кеч1алдалъун:

Макьу щолеб гьеч1о

Сардилъ, Х1амзатил

Х1алк1оял мухъазде

Къуларав дида.

Даимлъидулъ бугеб

Балъголъи лъала,

Мухъазулъ бахчараб

Г1асру бихьула.

Дида ккола дунял

Г1адатлъи бугин

Г1аданлъидул кьояз

Цолъизабураб.

Х1амзатил гьунаралъ

Рорхатал т1огьал

Т1анчазда т1ирит1ун

Дие тун ругин.

Дида ккола т1олго

Т1абиг1ат бугин,

Досул пикрабазул

Рек1елъ рещт1унеб.

Заманалъул чвахи

Хиялальги лъун,

Г1асру досул коч1ол

Каранда бугин.

Макьу щолеб гьеч1о…

Сардилъ Х1амзатил

Х1алк1оял мухъазде

Къулун вуго дун.